БетӀераб гьумер
|
|||||||||||
РачІа данде бан хъвазе!Авар Википедиялда жодорго лъалкІ толелщиназде гьари буго, гьаб анкь яги гьаб моцI хас гьабун Европаялъе бихьизабеян. ТIокIаб батIияб темаялда хурхун хъвачIого, гIицIго гьеб континенталда хурхун хъвазейин макъалаби гьаб моцIалъ. Щаян абуни, гьедин гьабичIони цебе ин цIакъго хIинцлъулеб буго нилъер мацIалда бугеб гьаб бутIаялъул. РачIа щибав чияс хъвазин жеги гьаниб хъвачIел Европаялъул пачалихъал, тахшагьарал, пачалихъазул бутIрул, география, тарих ва гь.ц. Гьедин гьеб цебе унеб бугони, хадубккун цогидал континентаздехун руссина. Жеги Авар Википедиялда гьечIел Европаялъул пачалихъал: Андорра · Бельгия · Болгария · Босния ва Гьерсек · Ватикан · Венгрия · Ирландия · Исландия · Италия · Латвия · Литва · Лихтенштейн · Люксембург · Мальта · Молдавия · Монако · Польша · Португалия · Румыния · Сан-Марино · Сербия · Словения · Хорватия · ЧІегІермегІер · Чехия · Эстония Тахшагьарал: Андорра-ла-Велья • Астана • Афинал • Белград • Берлин • Братислава • Брюссель • Бухарест • Вадуц • Валлетта • Варшава • Ватикан • Вена • Вильнюс • Дублин • Загреб • Киев • Кишинёв • Копенгаген • Лиссабон • Лондон • Любляна • Люксембург • Мадрид • Минск • Монако • Осло • Прага • Рейкявик • Рига • Рим • Сан-Марино • Сараево • Скопье • София • Стокгольм • Таллин • Тирана • Цетине Мисалалъе хIадурарал гьумерал: Пачалихъал: Азарбижан • Нидерландал • Греция • Финляндия Тахшагьарал: Амстердам • Москва • Париж • МахІачхъала • Хельсинки Аэропортал: СабихІа Гёкчен • МахІачхъала • Баку |
Жакъа тІаса бищараб макъала«Charlie Hebdo» казияталъул редакциялда кьвагьдей — ккола Парижалда 2015 соналъул 7 январалъ франсиялъул анкьилаб сатираялъулаб «Charlie Hebdo» казияталъул редакциялде, щалали лъалареца гьабураб гьужум. Кьавагьа-гIанхъиялъул хIасилалда хвана 12 чи, лъукъана 11. Цереккун кьурал баяназда рекъон, гьужум гьабун буго «Ал-КъагIида» гIуцIиялъул мужагьидаз. БакIалъул заманаялъул 11:30 араб мехалда лъабго щалали лъаларев вачIун вуго чIегIераб кьералъул «Citroën» маркаялъул автомобилалда рекIун «Аллагьу Акбар» абун ахIулаго цинги гьел редакциялда жанире кIанцIун руго ва гьениб кьвагьдон руго Калашниковасул автоматалдасан ва гранатомёталдасан, хадуб байбихьун буго лъугьа-бахъин ккаралъуре рачIарал полициялъулаздаги гьев лъабасдагоги гьоркьоб цоцаде кьвагьдей. Гьужум гьабурал лъутун рорчIун руго «Renault Clio» маркаялъул автомобилалдаги рекIун, лъалеб гьечIо гьел араб рахъ. ↪ жаниса цІализе ››› Гьанжесел лъугьа-бахъиналРагъул конфликтал: Йемен (тІаде кІанцІи) • Донбасс • ГІШИП • Сирия (Кобани) • Ливия (шималияб рахъ) • ГІиракъ • Афгъанистан • СагІудиязул ГІарабия | Цогидал: • Уимблдонил турнир
Википедиялъул ракІалде щвезабиялдасаГьаб къоялъ — 5 Сентябр Лъалищ дуда?
Цитата
МацІалда битІунхъвайХъвай: Аллагь абун, Аллагьасул цІаралъул адабги цІунунЩиб жо кколеб Википедия?Википедия ккола - гІемерал мацІаздалъун, кІудияб энциклопедия данде бакІариялъул мурадалда биччараб проект. Жакъа къоялда жаниб Википедия буго 280-ялдаса цІикІкІун мацІалда. Цоги-цогиял энциклопедиязда данде ккун Википедиялъул тІокІлъи буго, щибав чиясда гьениб хиса-баси гьабун бажарулеб букІин. Авар Википедия биччана 2005 соналъ, гьелъул гІуна 10 сон. Амма гьедагІан халатаб заманалда жаниб, кутакалда дагьаб гурони баянал хъван гьечІо! РачІа нилъеца кІвараб куцалда, тІад чІун цебе бачинин нилъерго мацІалъул бутІа! Гьабе кумек, тІоцебесеб Авар Энциклопедия цебе ине! Щай хъвалареб цІияб макъала?Авар Википедиялда жакъа къоялда жаниб буго 2041 макъала, гьединлъидал дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жанибги батизе бегьула. Цин макъала хъвалалде цебе дуца гьеб хъирще гьаб формаялда. Гьеб батичIони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва хІадуре макъала. КантІизари! Хъвазе бугеб макъалаялъул цІаралда ругони (тІ, кІ, чІ, цІ) ва гьел гурелги, хадуб мухъ лъезе кколел хІарпал, гьанисан насхуги гьабун лъе мухъ (І). |
||||||||||
Жакъа къойил лъикІаб макъалаДагъистан халкъазул гIараб мацIалда букIараб адабияталъул гIелмияб цIех-рех гьабурав, гьелъие тIадегIанаб къимат кьурав академик И.Ю. Крачковскиясул руго гьадинал рагIаби: Гьел рагIаби ритIухъ гьарулел мисалал магIарул тарихалдаса рачине бегьула гIемерал. Масала, Къудукьа Мусаласул, Гьидалъа Ибрагьим-хІажиясул, Хунзахъа Дибир-къадил, ГІаймакиса Абубакарил, имам Шамилил, Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявудинил, ХӀоцоса Нажмудинилги гьесул вац ГIабдулатIипилги ва гьел гурел гIемерал цогидазулги гIумру ва гIелмияб хIаракат абадиялъ лъугьана миллияб ва исламияб тарихалде жанибе. Амма руго жеги нилъеда лъаларел, рагIичIел, ватIаналда кIочон тарал цIаралги, чияр ракьалда жал загьирлъарал, батIиял пачалихъазул тарихалда жидеца гвангъараб лъалкI тарал. Гьединазул цоявлъун ккола ГIумар Хулуси-апанди Дагъистанли, жиндир хIакъалъулъ цIакъ мукъсанал гурони баянал гьечIев магIарулав. ГIумар Хулуси-апанди гьавуна 1857 соналда Дагъистаналда, Гьидалъ жамагІаталъул росабазул цоялда МухIамад-ГIали абурав гIалимчиясул хъизамалда. ГIараб гIелмуялъул байбихьияб лъай гьесие щвана ватIаналда. ХIХ гIасруялъул 70-абилел соназда ГIумар гочана Турциялде, амма гьечIо баянал живгойищ гьев гьениве арав, ялъуни гIагарлъи-хъизангун цадахъищали. ↪ жаниса цІализе ››› |
|||||||||||
Жакъа тІасарищарал сияхІал |
|||||||||||
Жакъа тІаса бищараб сурат |
|||||||||||
Жакъа тІаса бищараб порталЖакъа тІаса бищараб портал ...
|
|||||||||||
Хъирщаде энциклопедиялда
|
ГІагарал проектал
|